Авар мацIалъул дарсал
(3 класс)
КIиабилеб классалда малъараб материал такрар гьаби
ЦIалул соналъул байбихьуда цебесеб классалда малъараб ма-териал такрар гьабиялъ цIалдохъабазе кумек гьабула, гьелда тIа-сан щвараб лъай цIидасан рекIелъе бачIине гуребги, гьеб гIамм-лъизабизеги ва цо чIванкъотIараб тартибалде, низамалде чIезаби-зеги. Гьелда тIадеги, цебесеб материал такрар гьабиялдалъун кIи-абилеб классалда цIалдохъабазул лъугьараб бажари жеги цебе-тIола.
Учебникалда “Такрар гьаби” абураб темаялда гъорлъ кьун руго цIалдохъабазул кIвар буссинабизе кколел гьал хадусел мацIалъул бутIаби: калам, текст, предложение, рагIи. Гьаниб цIалдохъабазухъа бажаризе ккола гьел тIадехун рихьизарурал бутIабазе мухIканго определение кьезеги ва щвараб лъаялдасан жидерго каламалъул практикаялда пайда босизеги.
III классалъул программаялда цIиял фонетикиял баянал кьун гьечIо, амма такрар гьабизе учебникалда бихьизабураб материа-лалъ квербакъи гьабула рагьарал ва рагьукъал гьаркьал ратIа ра-хъизеги, геминатал ва лабиалиял гьаркьал гъорлъ ругел рагIаби битIун абизеги (цIализеги), гьел рихьизарулел хIарпал мухIканго хъвазеги цIалдохъабазул лъугьараб бажари жеги камиллъизабизе.
дарс
Тема. МацIалъул ва каламалъул бутIа хIисабалда текст, предложение ва рагIи.
Дарсил мурад: гIадамазда гьоркьоб хурхен гьабулеб алат хIисабалда мацIалъул хIакъалъулъ бичIчIи кьей; мацIалъул ва каламалъул бутIабазул хIакъалъулъ авалияб бичIчIи кьей; гьел бутIаби цоцаздаса ратIарахъизеги гьездасан каламалъулъ пайда босизеги цIалдохъабазул бугеб бажари цебетIезаби.
I. Авар мацIалъул хIакъалъулъ байбихьул рагIи. Учебника-лъулгун лъай – хъвай гьаби.
МугIалимас цо кинав вугониги цIалдохъан дарсил цIар доска-ялда битIун ва берцинго хъвазе тIамула.
- Кин нужеда ракIалда кколеб, щай дарсида гьединаб цIар лъун бугеб?
- Кина – кинал мацIазда магIарулал кIалъалел?
МугIалимас абун, гьал хадусел предложениял хъвай: Школал-да цIалдохъабаз авар мацI лъазабула. Гьезие гьеб цIакъго бокьу-ла.
- Лъимал, нужее авар мацI бокьулищ?
- Авар мацI нужее щай бокьулеб? Авар мацIалъул кинаб кIвар бугеб?
- Исана нилъеца авар мацI камилго лъазабизе байбихьула. Рагье учебникал ва гьезулгун лъай – хъвай гьабе.
- Учебник нужее бокьулищ ? Щиб гьениб нужее бокьулеб?
II. ЦIалул масъала цебе лъей.
- Учебникалда бугеб тIоцебесеб разделалъул цIар цIале.
- Такрар гьаби абураб рагIул магIна кин нужеда бичIчIулеб?
Жакъа нилъеца цоги нухалъ каламалъул хIакъалъулъ бицина. Нилъ ругьунлъизе ккола калам предложениязде биххизеги предложениял битIун абизеги хъвазеги.
III. ГIадамазул гIумруялъулъ каламалъул бугеб кIваралъулги кIалзул ва хъвавул каламалъул хаслъабазулги цоги нухалъ бицин.
Сураталдасан текст гIуцIи (№ I) [link] “Раг1абазул дандрай” абураб бич1ч1иялъулгун ц1алдохъабаз хадусеб дарсида лъай – хъвай гьабула.