авар адабият 9 класс 2016г
ФИО: ___________________________________________________________________________________
№1
Расул Х1амзатовасул «ДирДагъистан» абураб т1ехьалъул кинаб бет1ералда Хъах1аб росулъа Мах1мудил х1акъалъулъ Ц1адаса Х1амзатица бицараб гьадинаб баян батулеб?
Сордо бащалъизег1ан жамаг1аталъе куч1дулги ах1ун, Мах1мудица абуна, гьанже жив вегизе инин. Гьоболас гьев вегулеб рукъ къач1ана. Гьесие какие жо т1амуна, т1арсги гулгунги цебе лъуна. Цинги ана. Рогьалил как ах1араб мехалъ, Мах1муд цосина ворч1ич1ого хут1иладаян, гьобол гьесухъе вилълъана. Мах1муд какие жоялдаги вегун, рокьул кеч1 хъвалев ватана.
1 [pic]
«Хъвадарухъанасул рит1ухълъи, лебаллъи»
2
[pic]
«Хъвадарухъанасул зах1мат»
3
[pic]
«Гьаб улкаялда чи вижараб куц»
4
[pic]
«Мац1»
2 Р. Х1амзатовасул «Дир рак1 муг1рузда буго» абураб поэмаялъул бут1аялда гьоркьоб биччараб раг1и хъвай:
Шагьаралда бугеб гьаб дир минаги
Гьоболасе даим рагьараб буго, -
Гьесда цадахъ даим чедги т1аг1амаб,
Чагъирги камилаб, кеч1ги лазатаб,
Гьалбал рокьич1езул рукьбал рекаги,
Бокьула дие мун, дир х1урматаб …..
1 [pic]
ват1ан;
2
[pic]
ракь;
3
[pic]
халкъ;
4
[pic]
кеч1.
3 Кинаб куплеталдалъун лъуг1улеб Г1абдулмажид Хачаловасул «Хваразул ц1аралдасан» абураб поэма?
1
[pic]
Дида цинги нахъа рак1алде щвана: Рик1к1ада хут1арал рагъул соназда, Г1ансаги къвалакь ч1ван, къаси, рогьалилъ Гьав годек1аниве ваккарулаан…
2
[pic]
Маг1арулал, дирго рахъалъ абила: Хваразул гьаб т1алаб бит1араб буго; Ват1аналъе г1оло рух1 кьунщиназул Бет1ер къулун х1урмат гьабизе ккела…
3
[pic]
Берцинлъи к1варич1о, ч1ух1и к1варич1о, Бах1арзалан абун рецц-бакъ к1варич1о, Хвалчалги чодулги сурат к1варич1о, Рук1араблъи лъазе рехсани г1ела…
4
[pic]
Лъимал – гьез хисана хваразул бак1ал, Гьез рек1ана нижер рук1арал чуял. Риччай ниж рахинч1ел гох1де рахине, Риччай ниж чвердеч1ел иццахъ чвердезе.
№4
«Дир рак1 муг1рузда буго» абураб поэмаялъул авторасул ц1ар бице?
1 [pic]
Г1адало
2
[pic]
Расул Х1амзатов
3
[pic]
Ц1адаса Х1амзат
4
[pic]
Г1абдулмажид Хачалов
5 Гьаниб гьоркьоб биччан бугеб раг1и бит1ун абе;
Т1аг1ана Бестужев,хвана …
Хириял дур лъимал… Нижер Кавказалъ
Киг1ан гьел рукъарал,къаналги т1ад ч1ван
Гьезул ц1арал халкъалъ ц1унула рек1елъ.
1 [pic]
Полежаев
2
[pic]
Максимов
3
[pic]
Лермонтов
4
[pic]
Лъаларо
6 .Расул Х1амзатовасул кинаб асаралъул эпиграфлъун кколел гьал раг1аби;
Дун рик1к1ада вуго
Рак1 муг1узда буго…
1 [pic]
.«Маг1арулай»
2
[pic]
.«Дир рак1 муг1рузда буго»
3
[pic]
.«Дир Дагъистан»
4
[pic]
.«Милъиршаби»
7 .”Хваразул ц1аралдасан» абураб поэмаялъул аслияб пикру баян гьабе; Г1.Хачалов
1 [pic]
Рагъда хварал к1очене бегьуларо
2
[pic]
Халкъалъул тарих лъазабизе ккола
3
[pic]
Рагъалде данде къеркьезе ккола
8 «Дир Дагъистаналъул» аслияв багьадур щив кколев?
1 [pic]
Абут1алиб Гъапуров
2
[pic]
Живго автор
3
[pic]
Ц1адаса Х1амзат
4
[pic]
Х1ажи-Мурад
9 Г1абдулмажид Хачаловасул гьавураб ва хвараб тарих бит1ун бихьизабе;
1 [pic]
1925-1994
2
[pic]
1924-1994
3
[pic]
1923-1993
4
[pic]
1925-1993
10 Гьаб асаралъул ц1ар бице;
«Г1адамазе жидерго мац1 хирияб бугин абураб жо ккола эбел-инсуе лъималги лъималазе эбел-эменги хириял ругин абураб жо»
1 [pic]
«Даргиязул ясал»
2
[pic]
«Дир Дагъистан»
3
[pic]
«Кини»
4
[pic]
«Лъаларо»
Ключи
авар адабият 9 класс 2016г
Вариант теста №1
Балл
1
2
1
2
3
1
3
1
1
4
2
1
5
3
1
6
2
1
7
1
1
8
2
1
9
1
1
10
2
1
11
1
1