МУНИЦИПАЛЬНОЕ БЮДЖЕТНОЕ ОБЩЕОБРАЗОВАТЕЛЬНОЕ УЧРЕЖДЕНИЕ «ИЗАНИНСКАЯ СРЕДНЯЯ ОБЩЕОБРАЗОВАТЕЛЬНАЯ ШКОЛА»
рабочая ПРОГРАММа УЧЕБНОЙ ДИСЦИПЛИНЫ
Родная (аварская ) литература
(5-11класс).
2014г.
Программаялъе баян
Художествияб адабияталъ к1удияб кумек гьабула кинабго рахъ камилав инсан куцазе, г1агараб халкъалъул рух1ияб бечелъиялъул кьуч1алда г1олилазе тарбия кьезе.
Адабияталъул курсалда хасаб бак1 ккола Ват1ан хиралъиялъул, миллатазда гьоркьоб гьудуллъи кквеялъул, дунялалъулго зах1матхалкъалъул мурадал ц1униялъул асар ц1алдохъабалъ куцаялъ.
Адабияталъул дарсаз лъимал т1амула миллатазул адаб-х1урмат гьабизе, миллатазда гьоркьоб гьудуллъи, вацлъи бищун къиматаб бечелъи х1исабалда къабул гьабизе.
V-IX классазе ц1алул материал кьун буго тарихиябгун-тематикияб ва жанразул тартибги ц1унун. Гьениб х1исабалде босула байбихьул классазда ц1алул дарсазда лъималазе щвараб хьалбихьи ва гьениб лъураб кьуч1алда г1уц1ула хадубккун литературияб ц1али.
V-IX классазда малъизе программаялда рихьизарун руго лъайгун тарбия кьеялъе лъик1ал ресал ругел, рич1ч1изе бигьаял, художествияб рахъалъ щвалде щварал халкъияб к1алзул гьунаралъул, авар адабияталъул ва вацлъиялъул миллатазул хъвадарухъабазул т1аса рищарал асарал.
Школалда малъизе т1аса рищун руго хъвадарухъанасул художествияб рахъалъ камилал, тарбия кьеялъе мустах1икъал асарал.
Программаялда мух1канго ч1езарун руго щибаб классалда лъималазда лъазе кколел литературияб теориялдаса баянал. Асаразул анализ гьабулелъул, ц1алдохъабаз теориялъул баяназдаса г1ат1идго пайда босизе ккола.
Раг1а-ракьанде щун, адабияб лъай кьеялъул масъала т1убан бажаруларо, г1ат1идаб къаг1идаялъ класстун къват1исеб ц1али г1уц1ич1ого. Т1убазе ккола гьелъул программаги. Муг1алимасда т1адаб буго ц1алдохъабазе ц1ализе кьезе цох1о рихьизарурал гурелги, ахираб заманалъ басмаялде рахъал , критиказ реццарал ц1иял асаралги.
5 класс (35 саг1ат)
2– калам цебет1езаби
4– класстун къват1ибехун ц1али
ДАРСИЛ ТЕМА
САГ1ТАЗУЛ КЪА
ДАР
Дарсил тайпа
Дарсил мурад
Дарсида х1алт1изабулеб методика
РОКЪОБЕ Х1АЛТ1И
1 четверть
1.
Раг1ул искусство х1исабалда адабияталъул х1акъалъулъ авалияб баян.
«Ганч1ил вас»
1
Ц1ияб
Дарс малъи
Инсанасул г1умруялда жаниб
Ц1алдеялъул к1вар рагьи.Литература рагlул исскуство букlиналъе баян кьей.Тlехь гlакълуялъул ицц букlин ва умумуз нилъее ирсалъе тараб рухlияб хазиналъун кколеблъи бичlчlизаби.
Цlалдохъабазул цlалул бажари борхизаби.Ват1ан хиралъи- маргьаялъул аслияб маг1на бук1ин бич1изаби
Тlехьгун хlалтlи,калам цебе тlезаби.
гьум. 3-4
2
«Лъабго гьунар гьабурав бах1арчи»
1
Ц1ияб дарс малъи
Гlажаибал ишазул хlакъалъулъ маргьабазе баян кьей.Маргьаялъул аслиял бутlаби къокъго рицине ругьун гьари.
Художествияб къагlидаялъ маргьа бицин. Суалазе жавабал кьей
Пасих1го ц1ализе, суратал рахъизе
3
«Х1амаги бац1ги». Лит. теория.
1
Ц1ияб мат.
малъи
Х1айваназул х1акъалъулъ маргьабазе баян кьей. Цlалдохъабазул цlалул бажари борхизаби ва маргьаялъул х1асилалда хадур гъезари.
Учителасул баян. Рит1ухълъиялъ бергьенлъи босизе бук1ин бихьизаби.
Ролазде бикьун ц1ализе
4
Класстун къват1исеб ц1али. «Гьабигьанасул лъимал»
1
Вн.чт.
Аслиял героязе баян кьей
х1асил бицине
5
«Кьурулъ хут1арав Г1али»
1
Ц1ияб дарс малъи
Коч1олъ х1алт1изарурал маргьаялъе хасиятал рахъал рихьизари. Халкъияб коч1ол х1акъалъулъ авалияб баян кьей. Чвахун, бит1ун кеч1 ц1алиялъул бажари куцай.
Пасих1го ц1али. Словарияб х1алт1и. Жалго жидедаго ч1ун, лъимал тексталда т1ад х1алт1изари.
гьум. 20-21, пасих1го ц1ализе
6
Калам цебет1езаби. Ц1алараб асаралъе къимат кьей.
1
Ц1ияб мат.
малъи
Ц1алараб асаралъе къимат кьей
7
Бицанк1аби
Кицаби ва абиял
1
Ц1ияб тема малъи.
Бицанк1абазул хаслъи ва к1вар рагьи. Бицанк1аби ч1вай - каламалъул култуоа борхиялъе аслияб шарт1лъун бук1ин ч1езаби.
Кицабазул ва абиязул гъварилъи маг1наялъул бечелъи бихьизабиялдалъун лъималазул г1акълу ц1убазаби. Кицабазул ва абиязул х1акъалъулъ баян кьей.
х1алт1и. Цоцазе бицанк1аби ч1вазе т1ами.
Т1ехьгун х1алт1и. Кицабазул маг1на рагьи.
бицанк1аби ургъизе
кицаби хъвазе
8
Литературиял маргьаби
Ц1адаса Х1амзат « Гъалбац1ги г1анк1ги»
1
Ц1ияб дарс малъи
Коч1одалъун хъвараб асар бит1ун, чвахун, раг1ун ц1ализе ц1алдохъаби ругьун гьари. 8 гьижаялъул коч1ол г1уц1иялъе авалияб баян кьей ва аллитерациялъулгун лъай-хъвай гьаби.
Словарияб х1алт1и. Учителасул баян. Суалазе жавабал.
биогр. лъазе, пасих1го ц1ализе
9
«Гъалбац1ги г1анк1ги»
1
Комб.
урок
Г1адатаб анализалдалъул кумекалдалъун зулмучиясул ахир хвалдалъун лъуг1улеблъи - маргьаялъул аслияб маг1на бук1иналда лъимал хадур гъезари. Халкъиял маргьабаздаса литературиял маргьабазул бат1алъи баян гьаби.
Аллитерация бихьизаби. Баян кьовул ц1али.
коч1ол кесек рек1ехъе лъазе
10
Г1.Хачалов «Шахламаз»
1
Ц1ияб мат.
малъи
Халкъияб маргьаялъулъ г1адатаб мац1 ,рит1ухълъи бергьин ,т1екълъи къей бихьизаби. Бит1ун, чвахун маргьа ц1ализе ва тексталде г1агарун гьеб бицине лъимал ругьун гьари.
Пасих1го ц1али. Т1ехьалдасан т1ад къаял т1уразари.
биогр. лъазе, х1асил бицине
11
Г1абасил Мух1амад «Ч1ибирикъ»
1
Комб.
урок
«Бах1арчи хъабчилъ ватула» абураб кици –маргьаялъул аслияб маг1на бук1ин бич1изаби. Маргьаялъул аслиял лъугьа бахъиназул бицине ругьун гьари.
Пасих1го ц1али. Словарияб х1алт1и. Кьералккун ц1али.
Биогр. лъазе,пасих1го ц1ализе
12
Класстун къват1ибисеб ц1али. Г1абасил Мух1амад «Гъалбац1ил хвел»
1
Класс тун къват1исеб ц1али.
пасих1го ц1ализе, суалазе жавабал кьезе
13
Калам цебет1езаби. Изложение х1исабалда хабаралъул къокъаб х1асил бицин.
1
Хал гьабиялъул
Къокъаб х1асил бицине ругьун
гьари
х1асил бицине
14
19 г1асруялда авар адабият.
Инхоса Г1алих1ажиев «Бечедал чаг1азде»
Кицабиял алфазал. Эпитеталъул х1акъалъулъ баян. Лит. теория.
1
Ц1ияб дарс
малъи
Жиндирго зах1маталдалъун бет1ербахъи гьабулев исанасул сахаватлъи ва рек1ел бечелъи бихьизаби. Ц1алул бажари камиллъизаби. Аллитерациялъулгун практикияб лъай-хъвай гъварид гьаби.
Кицабиял алфазазул х1акъалъулъ баян кьей.
Учителасул баян. Словарияб х1алт1и. Баян кьовул ц1али.
Кицаби цоцазе т1ами. Т1ехьгун х1алт1и.
Биогр.лъазе, пасих1го ц1ализе, суалазе жавабал кьезе
15
Элдарилав «Хъуру - хъара»
1
Ц1ияб материал малъи
Рит1ухълъи гьеч1олъи шаг1ирас каки бич1ч1изаби. 19 г1асруялъул ахиралда мискинал маг1арулазе т1ад чаг1азул бук1араб зулму ц1алдохъабазе рагьи. Цересел обществиял гьоркьолъабазе къимат кьезе лъимал ругьун гьари.
Г1адатаб анализ. Учителасул баян. Баян кьовул ц1али.
биогр. лъазе, пасих1го ц1ализе, суалазе жавабал кьезе
16
Ц1адаса Х1амзат «Г1акдал кеч1»
1
Ком.
урок
Коч1ол пасих1лъи, мац1алъул камиллъи бихьизаби. Х1амзатил махсарадул хаслъи рагьи.
Хоралда пасих1го ц1али. Словарияб х1алт1и. Баян кьовул ц1али.
биогр. лъазе,пасих1го ц1ализе
17
Кочхюралдас Саг1ид "Милъиршо"
1
Ц1ияб
Дарс малъи.
Ц1алул бажари борхизаби. Т1абиг1аталъул берцинлъи - милъиршо. Живги эркенлъиялде вачеян милъиршоялда гьари.
Пасих1го ц1али. Коч1ол роцен такрар гьаби.
биогр. лъазе, пасих1го ц1ализе, суалазе жавабал кьезе
18
"Ах1е куч1дул, ашуг."
1
Ц1ияб мат.
малъи
Ц1алул бажари борхизаби. Жиндир т1олабго шиг1рияб гьунар г1адатал г1адамазул рак1ал г1ат1ид гьаризе ва гьезул пашманлъи т1аса босиялде коч1охъаби ах1и.
Пасих1го ц1али. Баян кьовул ц1али г1уц1и.
Суалазе жавабал кьезе.
19
Абут1алиб Гъапуров «Дир г1умру»
1
Комбинированияб.
Дандекквеялъе баян кьей. Раг1ул бит1арабги хъвалсарабги маг1наялъул х1акъалъулъ авалияб бич1ч1и.
Диафильмалъул 4-5 сурат ургъизе ва бицине т1адкъала. Суалазе жавабал.
биогр. лъазе, х1асил бицине
20
«Дир г1умру»
1
Комбинированияб
Художествиял деталазул кьуч1азда г1адатаб анализ гьабизе малъи. Революцияз\лда цебе мискинзабазул кьог1аб ва зах1матаб г1умруялда дандеккун, жидерго жакъасеб ч1аголъи талих1аб бук1ин ц1алдохъабазда бич1изаби.
Учителасул баян. Т1ехьгун х1алт1и жалго жидедаго ч1ун
Къокъаб х1асил бицине планалда рекъон
21
«Гъазиз Иминагъаев «Х1алт1ухъанасул г1умру»
1
Ц1ияб тема малъи.
Ц1алул бажари борхизаби, кочол роцен такрар гьаби. Г1адатаб анализалъул кумекалдалъун гьардухъанаб г1умру гьабизе х1алт1ухъаби ккей пачаясул х1укуматалъул г1айиб бук1ин ч1езаби. Кибго мискинзабазул биги г1ет1ги бечедазги т1адчаг1азги ц1улеб бук1иналъул х1асилалде рачун, лъималазул г1акълу бег1ери.
Учителасул баян. Словарияб х1алт1и. Кьералккунги цадахъгоги пасих1го ц1али. Суалазе жавабал.
Т1ехьалъул №№1-5 т1адкъаял т1уразе, пасих1го кеч1 ц1ализе.
22
20 абилеб г1асруялда авар адабият
Ц1адаса Х1амзат «Гьудуллъи лъилгун кквелеб»
1
Ц1ияб
Дарс малъи
Т1ехь рух1ияб бечелъи бук1ин, ва гьелъулгун гьудуллъи кквеялъул пайда ц1алдохъабазда бич1изаби.
Коч1ол насих1атаб хасият бихьизаби. Эпитетазул ва метафораязул к1вар рагьи.
жавабал кьезе
23
Мух1амад Шамхалов «Зурмихъабазул нохъода»
1
Ц1ияб
Дарс малъи
Литературиял героясул х1акъалъулъ баян г1ат1ид гьаби. Анализалъул кумекалдалъун гьудуллъиялъул закон бич1ч1иялде лъимал рачин. Лъималазулъ сахаватаб г1амал куцай.
Учителасул баян, художествияб къаг1идаялъ хабар бицин. Т1оцебесеб бет1ералъул тексталдаса 4-5 сурат цебеч1езабизе ва бицине т1адкъай.
биогр. лъазе, х1асил бицине, 2 бет1ер ролазде бикьун ц1ализе х1адурлъизе.
24
«Зурмихъабазул нохъода»
1
Г1амлъизабиялъул
Рексги Игитги дандекквезе т1амун, Абут1алибил лъимерлъиялъул, г1исал ва Расулил г1умруялъул пикру гьабизе ва х1асилалде рач1ине малъун, ц1алдохъабазул г1акълу ц1убазаби.
Ролазде бикьун ц1ализаби. Худ. деталазде магъч1вайги гьабун, г1адатаб анализ гьаби. Учителас х1асил гьаби.
х1асил бицине, суалазе жавабал кьезе
25
Мух1амад Сулиманов «Х1инкъараб сапар»
1
Ц1ияб дарс
малъи
Диалогалъул х1акъалъулъ баян кьей лъималазул ц1али дурус гьаби.
Учителасул баян. Худ. къаг1идаялъ учителас къиса бицин. Гара-ч1вари.
"Гьудалзаби", "Квешав гьобол" - бич1ч1араб жо бицине.
26
«Х1инкъараб сапар»
1
Комб.
Набилги Самилги ц1аралдасан х1асил бицине лъай. Лъималазул гьудулъи к1удияб къуват бук1ин бихьизаби.
Ролазде бикьун ц1али. Г1адатаб анализ. Т1ехьгун х1алт1и.
"Паркъараб г1аламат" - ц1ализе.
27
Класстун къват1исеб ц1али. Х1ажи Гъазимирзаев «Дир Дагъистан»
1
Класстун къват1иб ц1али.
Пасих1го ц1али
пасих1го, чвахун ц1ализе
28
Р.Х1амзатов «Вера Васильевна»
1
Ц1ияб тема малъи.
Дандекквеялъул х1акъалъулъ авалияб баян кьей. Ц1алул бажари борхизаби.
Учителасул баян. Словарияб х1алт1и. Пасих1го ц1али. Гара-ч1вари.
биогр. лъазе, пасих1го ц1ализе, дандекквеял тетрадазда хъвазе.
29
«Маша»
1
Ц1ияб дарс малъи
Пасих1го ц1алиялъул бажари камил гьаби. Халкъазул гьудуллъи гучаб къуват бук1ин баян гьаби.
Пасих1го ц1али. Словарияб х1алт1и. Суалазе жавабал.
пасих1го ц1ализе, 1 бут1а рек1ехъе лъазабизе
30
Г1абдулмажид Хачалов «Т1аса лъугьа, гьалмагъ майор»
1
Ц1ияб дарс малъи
Художествияб асаралда жаниб гагаралъул к1варалъул авалияб баян кьей. Ват1ан хиралъиялъул асар лъималазулъ ц1ик1к1инаби.
Учителасул пасих1аб ц1али. Суалазе жавабал.
биогр. лъазе,пасих1го ц1ализе
31
Фазу Г1алиева "Рии т1ад бан буго дир т1алъелалда"
"Ц1ад"
1
Ц1ияб тема малъи.
Ц1алул бажари борхизаби. Т1абиг1аталде ва Ват1аналде рокьи куцай.
Пасих1го ц1али. Суалазе жавабал.
биогр. лъазе,пасих1го ц1ализе
32
Мух1амад Г1абдулх1алимов «Инсул мина»
1
Ц1ияб
Дарс малъи.
Авторас эбел- инсул адаб- х1урмат гьабизе ккей бич1ч1изаби. Жидецаго хабарияб асарги ц1алун, гьелъул щивав героясул - г1амал хасият борцине ругьун гьари.
Пасих1го ц1али. Т1ехьгун х1алт1и.
биогр. лъазе, пасих1го ц1ализе, суалазе жавабал кьезе
33
Класстун къват1исеб ц1али. Г1арип Расулов «Кант1и»
1
Класс тун къват1исеб ц1али.
х1асил бицине, суалазе жавабал кьезе
34
Дагъистаналъул халкъазул адабияталдаса
Абулмуслим Джафаров «Сих1ираб ци»
1
Ц1ияб дарс малъи.
Литературияб мац1алъул т1алабазда рекъон худ. текст бит1ун ц1ализе ругьун гьари.
Авторас г1агараб ракъ т1абиг1аталъул берцинлъи бихьизаби
Учителасул баян.
Пасих1го ц1али. Суалазе жавабал.
биогр. лъазе, х1асил бицине, цоцазе кьезе суалал ургъизе.
35
Кадрия «Дир лъимерлъиялда хиял бук1ана»
1
Ц1ияб тема малъи.
Шаг1иралъул г1умруялъул х1акъалъулъ баян кьей. Ц1алул бажари борхизаби. Эпитетазул, метафорабазул к1вар рагьун, шаг1иралъул рек1ел мурад рагьи. Г1адатаб анализалъул кумекалдалъун лъималазул г1акълу ц1убазаби.
Учителасул баян. Суалазе жавабал. Т1ехьгун х1алт1и.
биогр. лъазе, пасих1го ц1ализе
Ц1алдохъабазда лъазе ккола:
- лъазарурал асаразул ва гьезул авторазул ц1арал
- лъазарурал асаразул багьадуралги ва гьел гьоркьор г1ахьаллъулел лъугьа-бахъиназул рахасги
- адабияб теориялдаса баянал: худож-яб асаралъул багьадур, багьадурасул монолог, диалог, дандекквей, олицетворение, эпитет.
- адабиял маргьабаздаса халкъиял маргьабазул бат1алъи
- программаялда рек1ехъе лъазаризе рихьизарурал текстал
Ц1алдохъабазухъа бажаризе ккола:
- минуталда жаниб 90-100 раг1и кколеб хехлъиялда лъазарурал текстал раг1ун, рит1ун ва чвахун ц1ализе.
- рек1ехъе лъазарурал асарал пасих1го ц1ализе.
- гьит1инаб яги к1удияб хабарияб асаралъул цо бут1а изложение х1исабалда бицине ва хъвазе.
- зах1маталъул темаялда сочинение хъвазе
- асаралъул багьадурасул хасият рагьизе
- хабарияб асаралъул цо кесекалъул план г1уц1изе
6 класс (68 саг1ат)
8 – калам цебет1езаби
8 – класстун къват1ибехун ц1али
Ц1алдохъабазда лъазе ккола:
- лъазарурал асаразул ва гьезул авторазул ц1арал
- лъазарурал адабиял терминал, багьадурасул ва т1абиг1аталъул сурат, гипербола, кидагосеб эпитет.
- программаялда рек1ехъе лъазаризе рихьизарурал текстал
Ц1алдохъабазухъа бажаризе ккола:
- минуталда жаниб 100-110 раг1и кколеб хехлъиялда лъазарурал текстал рит1ун, раг1ун ва чвахун ц1ализе.
- лъазабураб асаралдаса хасал лъугьа-бахъинал рат1а рахъизе.
- лъазабулеб асаралъул багьадуразул ишазде балагьун, гьезул г1амал-хасияталъул бицине.
- лъазабулеб асаралъул тексталда жанир сипатиял раг1аби ратизе.
- художествиял, рич1ч1изе бигьаял г1елмиял текстал рит1ун, чвахун, раг1ун ц1ализе.
7 класс (68 саг1ат)
10 – калам цебет1езаби
8 – класстун къват1ибехун ц1али
Дарсил тема
Саг1ат
Дарс бачиналъул къаг1ида
Дарсида х1алт1изабулеб методика
Дарсил мурад
Х1ажатаб материал
Рокъоб х1алт1и
Примечание
I четверть
1
Инсан ва гьесул къисмат – адабияталъул аслияб тема
1
Дарс – гара-ч1вари
Т1ехьгун х1алт1и, калам цебет1езаби, суала г1уц1и ва гьезие жаваб кьей
Инсанасул г1ум-руялда жаниб адабияталъул к1вар ч1езаби, гьелда т1асан лъималазул пикру цебет1ей
Ц1алул т1ехь, к1алзулаб тест.
Гь. 3-4, суалазе жавабал х1адуризе
Халкъияб к1алзул гьунар – 8 саг1ат
2
Халкъияб кеч1 «Бокьуларо, эбел, рии бач1ине»
1
Лекция
Лекция, коч1олаб асар ц1али, суалазе жавабл кьей, раг1абигун х1алт1и
Халкъиял асара-зул лъай рак1ал-де щвезаби, ба-ллада ва бицен г1адал асаразул х1акъалъулъ лъай г1ат1ид гьа-би, маг1арулазул цебесеб г1умру цебеч1езаби ва гьелъие бит1араб къимат кьезе ругьун гьари
Ц1алул т1ехь, т1ехь «Литература народов Дагестана», «Балладалъул х1акъалъул» лекциялъе материал
Гь. 6-7, кеч1 «Бокьуларо, эбел, рии бач1ине» - пасих1го ц1ализе, хадур кьурал раг1абазе баянал лъазе, суалазе жавабал х1адуризе
3
Халкъияб къиса «Унсоколоса Х1ожоги гуржиявги»
4
Г1адатияб дарс
Хабарияб асар пасих1го ц1али, раг1абазда т1ад х1алт1и, к1алзулаб ва хъввавулаб тест, карточкаби, г1исиналго бут1аби ролаздалъун х1ай, суалазе жавабал, гара-ч1вари-къец
Халкъияб къиса-ялъул х1акъа-лъулъ авалияб баян кьей, «Ун-соколоса Х1ожо-ги гуржиявги» асаралъул худ. анализ гьаби, маг1арулазул г1умру бихьиза-бун бугеб куц ва халкъазул гьор-кьорлъабазул рахъал рихьиза-ри, гьезул х1а-къалъулъ пикру загьир гьабун ругьун гьари
Ц1алул т1ехь, т1ехь «История Дагестана», к1алъай «Революциялда цебе маг1арулазул гуржиялъе чабхъенал гьари» интернеталдаса босараб, тестазе материал
Къиса т1убанго ц1ализе, гьелда т1асан жиндирго пикру х1адуризе, къисаялъе план г1уц1изе, сочинениялде х1адурлъизе
4
Калам цебет1езаби
Сочинение «Х1ожолги гуржиясулги сипатал»
1
Халгьабиялъул
Хабарияб каламалъе план г1уц1и, пасих1аб мац1алдалъун пикру хъвай.
Дарсида лъарал-дасан пайда бо-сун, жиндирго пикру художес-твияб каламал-далъун хъван ругьун гьари,
Ц1алул т1ехь, ц1алдохъабазул х1алт1ул материал
Сочинение лъуг1изабизе, т1ехьалда гье-ч1еб баллада, бицен ц1ализе, гьелда т1асан к1алъай х1адуризе
5
Класстун къват1исеб ц1али
Халкъиял балладаби ва биценал
1
Гара-ч1вари
Гара-ч1вари, мисалияб ц1али, худ.асаралъул анализ гьаби
Жидецаго ц1аларалда т1асан к1алъай гьабун бажари куцай, цоцазул к1алъаязда т1асан пикру загьир гьаби
Т1ехь «Халкъияб хазина», «Антология Дагестанской поэзии», «Х1акъикъат» газета, журнал «Лачен»
Цо халкъияб кеч1 рек1ехъе лъазабизе
6
Художествияб асаралъул х1акъалъулъ авалияб баян
1
Лекция
Лекция, ц1иял баяназул берзул алатал х1адури, суалазе жавабал
Художествияб асаралъул г1уц1иялъул х1акъалъулъ авалияб баян кьей, гьелда т1асан берзул алатал, слайдал г1уц1ун ругьун гьари, гьеб лъай ц1аларал асаразул анализ гьабиялъулъ х1алт1изабун бажари куцай
Слайдал, ц1алул т1ехь, муг1алимас х1адурарал алатал
Гь.24-27 ц1ализе, хадур кьурал суалазе жавабал лъазе, бажари бугел ц1алдохъабаз жидерго слайдал, дагьал къадаразе тестал х1адуризе
19 г1асруялъул адабият – 8 саг1ат
7
Революциялда цебесеб литератураялдасан.
Инхоса Г1алих1ажияв
«Г1елму ва жагьлу»
1
Берзул конспект /опорный конспект/
Лекция, муг1алимасул каламалъул аслияб тетрадалда хъвай, аслиял баянал доскаялда рихьизари
Ц1алдохъаби муг1алимасул каламалъухъ г1енеккун ру-гьун гьари, гье-ниса аслияб ба-т1а гьабун ба-жари, муг1али-масул к1алъаял-да хадуб т1е-хьалдасан хал-кквей, гьесул суалазе жавабал кьей цебе-т1езаби, г1елму хвел гьеч1еб ха-зина бук1ин бич1ч1изаби
Ц1алул т1ехь, т1ехь «Инхоса Г1алих1ажи. Т1асарищарал асарал», Г1алих1ажил х1акъалъулъ гьит1инабго рак1алде щвезабизе мультимедиялъул слайдал, 19 г1асруялъул шаг1иразул портретал
Гь. 28-33, кеч1 ц1ализе, аслияб пикру бицине.
Бажари
бугез х1адурила интерактивияб доскаялдасан Ц1.Х1амзатил х1акъалъулъ к1алъай
8
Ц1адаса Х1амзат
«Дибирги г1анхвараги»
1
Г1адатияб дарс
Ц1алдохъабазул презентация «Х1амзат Ц1адаса», ц1иял раг1абазда т1ад х1алт1и, т1е-хьалдаса ц1али, гара-ч1вари
Жалго жиде-даго ч1ун х1ал-т1и цебет1еза-би, цоцазул к1а-лъаяздаса пайда босун бажари куцай
Слайдал, шаг1ирасул портрет, ц1алул т1ехь.
«Дибирги г1ан-хвараги» т1убан ц1ализе, идеяб маг1на рагьизе.
Жакъакъоялда гьеб кеч1алъул к1варалъул бицине
9
«Дибирги г1анхвараги»
1
10
«Ашбазалде»
1
11
«Ашбазалде»
1
Дарс - суд
12
Класстун къват1исеб ц1али
«Дир г1умру», «К1удияв Х1асан»
1
13
Калам цебет1ей
Сочинение «Х1амзатил сатираялъул дарсал»
1
Калам цебет1езаби
-
8 класс (35 саг1ат)
3 – калам цебет1езаби
3 – класстун къват1ибехун ц1али
ДАРСИЛ ТЕМА
САГ1ТАЗУЛ КЪА
ДАР
Дарсил тайпа
Х1ажатаб материал
Дарсида х1алт1изабулеб методика
РОКЪОБЕ Х1АЛТ1И
1.
Художесвтиябги г1елмиябги адабият. Художествияб адабият ва исскуствоялъул цогидал тайпаби.
Суффичи-хиянатчи.
1
Ц1ияб
тема малъи
Ц1алул техь. Авар адабияталъул учебник.
Тlехьгун хlалтlи. Учителасул баян. Гара-ч1вари
Авалияб гара-чlвари. Суалазе жаваб кьей. Словарияб х1алт1и
гьум. 3-8
2
Хочбар.
1
Ц1ияб тема малъи.
Ц1алул техь. Авар адабияталъул учебник.
Суалазе жавабал кьей. Словарияб х1алт1и. Ролазде бикьун ц1али.
Хочбарица ах1араб кеч1 рек1ехъе.
3
"Имам Г1азимух1амад ч1ваялде" Ч1ик1аса Мух1амад.
1
. Комбинированияб.
Шаг1ирасул портрет. Ц1алул техь. Авар адабияталъул учебник.
Учителасул баян. кеч1 пасих1го ц1али.
Биография лъазе, кеч1 пасих1го ц1ализе.
4
"Гьекъел-мехтел" Инхоса Г1алих1ажи.
1
Ц1ияб тема малъи.
Ц1алул техь. Авар адабияталъул учебник
Учителасул баян. Словарияб х1алт1и..
Суалазе жавабал кьезе..
5
"Исрапчиясде" И.Г1алих1ажи.
"Ракь". Сипатияб каламалъул х1акъалъулъ баян г1ат1ид гьаби.
1
Ц1ияб тема малъи.
Ц1алул техь. Авар адабияталъул учебник. Техь Инхоса Г1алих1ажияв "Асарал", "Авар адабият цебет1еялъул тарих" Мух1амад-Расул Усахов.
Словарияб х1алт1и. Баян кьовул ц1али. Хабар г1уц1и.
Кеч1 пасих1го ц1ализе. Суалазе жавабал
6
Класстун къват1исеб ц1али
1
Ц1ияб дарс малъи
Журнал "Х1акъикъат"
Пасих1го ц1али. Словарияб х1алт1и. Жалго жидедаго ч1ун, лъимал тексталда т1ад х1алт1изари.
7
Эльдарилав. "Росу берцин"
"Жергъен гьартун ккана"
1
Ц1ияб тема малъи.
Шаг1ирасул портрет. Ц1алул техь. Авар адабияталъул учебник.
Словарияб х1алт1и. Учителасул баян. Баян кьовул ц1али.
Пасих1го ц1ализе. Суалазе жавабал.
8
. Калам цебет1езаби. Малъарал асаразда т1асан тестазул х1алт1и.
1
Халгьабиялъул
Тестазе материал.
Жалго жидедаго ч1ун х1ал1ти.
9
Ч1анк1а. "Сайгидул Бат1алиде"
1
Ц1ияб тема малъи.
Ц1алул техь. Авар адабияталъул учебник.
Авар адабият цебет1еялъул тарих" Мух1амад-Расул Усахов
Учителасул баян. асар бут1абазде биххи.
Биография лъазе. Суалазе жавабал.
10
"Т1алх1атиде"
1
. Ц1ияб тема малъи.
Ц1алул техь. Авар адабияталъул учебник.
Учителасул баян. Баян кьовул ц1али.
пасих1го ц1ализе, суалазе жавабал кьезе
11
Антитеза. 11 гьижаялзул коч1ол роцен.
1
.
12
Мах1муд.
"Хъах1илаб зодихъе баг1арбакъул нур".
1
Ц1ияб тема малъи.
Ц1алул техь. Авар адабияталъул учебник. Авар адабият цебет1еялъул тарих" Мух1амад-Расул Усахов. Журнал "Х1акъикъат
биогр. лъазе, пасих1го ц1ализе, суалазе жавабал кьезе
13
"Рокьул конторалъул кавуги рагьун"
1
Комбинированияб.
Ц1алул техь. Авар адабияталъул учебник. Авар адабият цебет1еялъул тарих" Мух1амад-Расул Усахов. Журнал "Х1акъикъат
Учителасул баян. Баян кьовул ц1али.
Кеч1 пасих1го ц1ализе
14
"Почтовой кагътиде керенги чучун"
1
Ц1ияб тема малъи.
Ц1алул техь. Авар адабияталъул учебник. Авар адабият цебет1еялъул тарих" Мух1амад-Расул Усахов. Журнал "Х1акъикъат
Пасих1го ц1али. Словарияб х1алт1и. Баян кьовул ц1али
15
Инхелоса Къурбан.
"Наибзаби х1елун"
"Борхатаб маг1арда"
1
Ц1ияб тема малъи.
Ц1алул техь. Авар адабияталъул учебник. Авар адабият цебет1еялъул тарих" Мух1амад-Расул Усахов.
Пасих1го ц1али. Баян кьовул ц1али г1уц1и.
Биография лъазе. Пасих1го ц1ализе.
16
"Г1енекке, йокъулей", "Бахъа, къалам"
1
17
Класстун къват1исеб ц1али.
1
Журнал "Гьудуллъи"
Суалазе жавабал. Х1асил гьаби.
18
Къалухъа Мирза.
"Ханасе жаваб", "Талих1аб булбул".
1
Ц1ияб мат.
малъи
Ц1алул техь. Авар адабияталъул учебник. Шаг1ирасул портрет.
Учителасул баян. Баян кьовул ц1али. Суалазе жавабал. Коч1ол сипатияб анализ.
Кеч1 пасих1го ц1ализе. Суалал ва т1адкъаял, гьум. 86
19
Йирчи Гъазахъ.
"Векьарухъанасул кеч1"
1
Комбинированияб.
Ц1алул техь. Авар адабияталъул учебник. Шаг1ирасул портрет.
Пасих1го ц1али. Суалазе жавабал. К1алзул тест.
Биография лъазе. Кеч1 пасих1го ц1ализе.
20
Ятим Эмин.
"Васият"
"Къват1ул харбал ц1алк1улел херал руччабазде"
1
Комбинированияб.
. Ц1алул техь. Авар адабияталъул учебник. Шаг1ирасул портрет.
Учителасул баян. Пасих1го ц1али. Учителасул баян. Словарияб х1алт1и. Суалазе жавабал.
Биография лъазе. Гьудулъиялъул х1акъалъулъ кицаби тетрадазда хъвазе. Коч1ол анализ гьабизе.
21
Мунги Ах1мад.
"Къат1ра рит1ухълъи гьеч1еб панаяб дуниял"
"Шамилил суд"
1
Комбинированияб.
Ц1алул техь. Авар адабияталъул учебник. Шаг1ирасул портрет.
Пасих1го ц1али. Учителасул баян.
Биография лъазе. Кеч1 пасих1го ц1ализе. Коч1ол анализ гьабизе. Шамилил х1акъалъулъ биценал.
22
Калам цебет1езаби. Лъазарурал асаразда т1асан тестазул х1алт1и.
1
Халгьабиялъул.
Тестазе материал
Жалго жидедаго ч1ун х1алт1и.
Такрар гьабизе.
20 г1асруялъул адабият
23
Ц1адаса Ц1амзат.
"Айдемир ва Умайгьанат"
1 пардав.
"Айдемир ва Умайгьанат."
2 пардав
1
Ц1ияб тема
малъи.
Ц1алул техь. Авар адабияталъул учебник. Авар адабият цебет1еялъул тарих" Мух1амад-Расул Усахов. Шаг1ирасул портрет.
Ролазде бикьун ц1али. Учителасул баян. Т1ехьгун х1алт1и.
1 пардав, гьум. 64-73.
2 пардав, гьум. 73-82
24
"Айдемир ва Умайгьанат".
3 пардав
1
Комбинированияб.
Ц1алул техь. Авар адабияталъул учебник. Авар адабият цебет1еялъул тарих" Мух1амад-Расул Усахов. Шаг1ирасул портрет.
Т1ехьгун х1алт1и. Суалазе жавабал. Ролазде бикьун ц1али.
Симисханил монолог рек1ехъе лъазе
25
Калам цебе т1езаби. Сочинение ""Умайгьанатил образ"
1
Хал гьаб-ялъул.
Ц1алдохъабазул х1алт1ул материал.
Жалго жидедаго ч1ун х1алт1и.
Сочинение хъван лъуг1изабизе
26
"Г1умруялъул дарс".
1
Ц1ияб тема
малъи.
Ц1алул техь. Авар адабияталъул учебник. Авар адабият цебет1еялъул тарих" Мух1амад-Расул Усахов. Шаг1ирасул портрет.
Пасих1го ц1али. Баян кьовул ц1али. Учителасул баян.
пасих1го ц1ализе, суалазе жавабал кьезе
27
Поэма - маг1арул халкъалъул адабияб хьвада-ч1вадиялъул бечедаб х1албихьи загьир гьаби.
Драмма, трагедия, комедия, трагикомедия.
1
Ц1ияб тема щула гьаби.
Ц1алул техь. Авар адабияталъул учебник. Авар адабият цебет1еялъул тарих" Мух1амад-Расул Усахов. Шаг1ирасул портрет.
Пасих1го ц1али. Суалазе жавабал.
Пасих1го ц1ализе. Х1асил лъазе. Тетрадазда хъварал баянал лъазе.
28
Мух1амад Хуршилов.
"Сулахъалъ нуг1лъи гьабула"
"Кьода нус"
1
Ц1ияб тема
малъи.
Ц1алул техь. Авар адабияталъул учебник. Авар адабият цебет1еялъул тарих" Мух1амад-Расул Усахов. Шаг1ирасул портрет.
Словарияб х1алт1и. Учителасул баян.
х1асил бицине
29
"Боркьараб рагъ".
1
Комбинированияб.
Ц1алул техь. Авар адабияталъул учебник. Авар адабият цебет1еялъул тарих" Мух1амад-Расул Усахов. Шаг1ирасул портрет.
Романалъул анализ. Суалазе жавабал.
х1асил бицине, суалазе жавабал кьезе
30
Изложение "Мурадилги Нафисатилги гьудуллъи"
1
Хал гьабиялъул.
Ц1алдохъабазул х1алт1ул материал.
Жалго жидедаго ч1ун х1алт1и.
Изложение хъван лъуг1изабизе.
31
Мух1амад Шамхалов
"Вац".
1
Комбинированияб.
Ц1алул техь. Авар адабияталъул учебник. Авар адабият цебет1еялъул тарих" Мух1амад-Расул Усахов. Шаг1ирасул портрет.
Учителасул баян. Т1ехьгун х1алт1и.
биогр. лъазе, ц1ализе ва суалазе жавабал х1адуризе.
32
Класстун къват1исеб ц1али.
1
Ц1ияб тема малъи.
Журнал "Гьудуллъи", "Х1акъикъат"
Учителасул баян.
Пасих1го ц1али. Суалазе жавабал.
33
Анвар Аджиев
"Бах1рчиясул куркьби".
1
Ц1ияб тема малъи.
Ц1алул техь. Авар адабияталъул учебник.
Шаг1ирасул портрет. Техь "Авар кицаби ва абиял"
Учителасул баян. Баян кьовул ц1али.
Бах1арчилъиялъул х1акъалъулъ кицаби тетрадазда хъвазе.
34
Юсуп Хаппалаев
"Оцбай"
"Халкъияб кеч"
1
Комбинированияб.
Ц1алул техь. Авар адабияталъул учебник.
Шаг1ирасул портрет.
Пасих1го ц1али. Учителасул баян.
"Оцбай" байрамалъул х1акъалъулъ сочинение хъвазе.
35
Мут1алиб Митаров
"Устар".
1
Комбинированияб.
Ц1алул техь. Авар адабияталъул учебник.
Шаг1ирасул портрет.
Суалазе жавабал. Баян кьовул ц1али.
Рек1ехъе лъазе
Рекlехъе лъазаризе:
«Хочбар». (Хочбарица ахlараб кечl)
Й.Гъ. «Векьарухъанасул кечl»
Махlмуд. «Почтовой кагътиде»
Цl.Хl. «Айдемир ва Умайгьанат»(Симисханил монолог)
Ю.Х. «Халкъияб кечl»
Чlанкlа «Тlаде магlарухъе»
Инхоса Гlалихlажияв «Гьурмада берцинлъи гlун»
Махlмуд «Эбел ва яс»
Инхелоса Къурбан «Дунял къалъулеб»
- лъазарурал асаразул ва гьезул авторазул ц1арал
- лъазарурал асаразул аслиял темаби ва гьезул г1уц1иялъул хасал рахъал.
- лъазарурал хабариял асаразул багьадуралги, гьез г1ахьаллъи гьабулел лъугьа-бахъиназул рахасги.
- адабияталъул теориялдаса баянал.
- программаялда рихьизарун ругел текстал рек1ехъе лъазаризе.
Ц1алдохъабазухъа бажаризе ккола:
- минуталда жаниб 120-130 раг1и кколеб хехлъиялда лъазарурал асарал рит1ун, раг1ун ва чвахун ц1ализе.
- жиндирго к1алъаялъе план ургъизе.
- эпосиял, лирикиял, лирикиялгун эпосиял ва драмиял асарал рат1арахъизе.
- жинцаго ц1алараб асаралъе къимат кьезе, гьеб асаралъул багьадураздехун, лъугьа-бахъиназдехун лъугьараб жиндирго бербалагьи загьир гьабизе.
9 класс (68 саг1ат)
8 – калам цебет1езаби
8 – класстун къват1ибехун ц1али
ДАРСАЗУЛ ТЕМАБИ 11 класс
Саг1тал
Дарсил тайпа
Адабияталъул теория. Калам цедет1езаби.
Берзул алатал.ТСО
Рокъобе х1алт1и
1
1 четверть.
1917- 1945 соназда Дагъистаналъул советияб
адабият
1
Лекция
«Ирсилал» стенд ва альбом. Газеталъул материал.Буклет.
Гьум. 3 - 6
2
Мух1идин Чаринов "Х1абибат ва Х1ажияв"
1
Ц1.д.
Драмаялъул асарал такрар гьари.
Гьудуллъи журнал.
Газеталъул материал.
Гьум. 21- 30, х1асил бицине.
3
М.Хуршилов «Сулахъалъ нуг1лъи гьабула»
1
биогр. лъазе, романалъул х1асил бицине
Романалъул тема, идея рагьизе.
4
Р.Динмух1амаев «Хъабчилъ бах1арзал»
1
Ц1.д.
Авторас халкъалъул бец1аб ва зах1матаб г1умру бук1ин цебеч1езаби.
Х1акъикъат журнал.
Гьум. 31 – 40,
х1асил бицине
5
Класстун къват1исеб ц1али.
1
Вн.чтн.
Пасих1го бицине, суалазе жавабал кьезе.
6
Ст1ал Сулейман «Комсомол»
1
Ц1.д.
Биография лъазе, кеч1 рек1ехъе бицине.
Гьудуллъи журнал.
Гьум. 51, рек1ехъе лъазабизе
7
Ст1ал Сулейман «Эркенлъи»
1
Ц1ияб г1умруялъеги г1агараб ракьалъеги авторас кьолеб къимат бихьизаби
Гьум. 47 – 48, рек1ехъе лъазабизе.
8
Ст1ал Сулейман «Х1алт1ухъан»,
1
Биография лъазе, кеч1 рек1ехъе бицине.
Куч1дузул мажмаг1.
Гьум. 50, рек1ехъе лъазабизе.
9
Ст1ал Сулейман «Нилъер къуват»
1
Кеч1 рек1ехъе лъазабизе
Гьум. 50,рек1ехъе лъазабизе.
10
Ст1ал Сулейман «Муллазабазде»,
1
Кеч1 рек1ехъе лъазабизе
Гьум. 48, рек1ехъе лъазабизе..
11
Ст1ал Сулейман «Бечедал - чиновникал»
1
Кеч1 рек1ехъе лъазабизе
Гьум. 49, рек1ехъе лъазабизе.
12
Ц1.Х1амзат «Г1исинил гьойдул кеч1»
1
Ц1.д.
Биография лъазе, х1асил бицине.
Х1акъикъат журнал. Гьудуллъи журнал.
Гьум. 53 – 58, х1асил бицине, суалазе жавабал кьезе.
13
Ц1.Х1амзат «Х1амабагьадурлъи»
1
Доклад х1адури,кеч1 рек1ехъе лъазабизе
Гьум. 61 – 63, коч1ое харак- ка кьезе.
14
«Маг1арул росабазде данде ккун Москваялъул г1унгут1аби»
1
Ц1.д.
Кеч1 рек1ехъе лъазабизе
Гьум. 63 – 65, х1асил бицине.
15
«Балагьалъул гъамас»
1
Ролазде бикьун ц1ализе
Гьудуллъи журнал.
Гьум. 66 – 89,х1асил бицине.
16
«Балагьалъул гъамас»
1
Лъимал сценкаялде х1адур гьари.
Х1асил бицине, суалазе жавабал кьезе.
2 четверть.
17
Сочинение. Эркенаб зах1мат-рух1ияб
бечелъиялъул ицц. («Вехьасул къисаялъул»
кьуч1алда).
1
Планалда рекъон сочинение хъвала
Сочинение лъуг1изабила.
хъван лъуг1изабизе
18
Заид Х1ажиев «Тушманасе хвел»
1
Ц1.д.
Биография лъазе, кеч1 рек1ехъе бицине.
Гьудуллъи журнал.
Гьум. 91 – 92, кеч1 рек1ехъе лъазабизе.
19
Заид Х1ажиев «Маххул къебеллъухъ»
1
Кеч1 рек1ехъе лъазабизе
Газеталъул материал.
Гьум. 93 – 98, 2 бут1а рек1ехъе лъазе.
20
Заид Х1ажиев « Т1огьол маг1дан»
1
Кеч1 рек1ехъе лъазабизе
Гьум. 106, рек1ехъе лъазабизе.
21
Изложение
1
Планалда рекъон изложение хъвазе.
хъван лъуг1изабизе
22
Г1азиз Иманагъаев «Дибирги ясги»
1
Ц1.д.
ролазде бикьун ц1ализе
Гьудуллъи журнал, х1акъикъат.
пасих1го ц1ализе, суалазе жавабал кьезе
23
Г1азиз Иманагъаев «Тушман т1аг1инавизин»
1
Кеч1 рек1ехъе лъазабизе
Гьум. 109 – 110, кеч1 рек1ехъе лъазабизе.
24
Г1азиз Иманагъаев «Бергьенлъи нилъехъ
бук1ина»
1
Кеч1 рек1ехъе лъазабизе
Гьум. 110,кеч1 рек1ехъе лъазе.
25
Эфенди Капиев «Гуч»
1
Ц1.д.
х1асил бицине, суалазе жавабал кьезе
Гьудуллъи журнал.
Гьум. 111 – 118, х1асил бицине.
26
Эфенди Капиев «Ганч1ида накъищал»
1
Докладалдасан к1алъай.
х1асил бицине
27
Абут1алиб Гъафуров «Бакъбаккулъ»
1
Анализ х1исабалда къокъаб х1асил бицине.
Х1асил бицине.
28
Класстун къват1исеб ц1али.
1
х1асил бицине
29
Абумуслим Жафаров «Ч1агоял рукъулаго»
1
Ц1.д.
Героязе къимат кьей
Гьудуллъи журнал.
Гьум. 126 – 142,х1асил бицине, суалазе жавабал кьезе.
30
Абумуслим Жафаров «Куркьбал ругеб хъачагъ»
1
Биогр. лъазе, х1асил бицине
Гьум. 143- 148, х1асил бицине.
3 четверть.
31
Абумуслим Жафаров «Вехьасул хабар»
1
Гьудуллъи журнал.
Гьум. 143 –148,
1 –бут1.х1асил бицине.
32
Класстун къват1исеб ц1али
1
пасих1го ц1ализе, суалазе жавабал кьезе
х1асил бицине
33
Сочинение. Дир анищ ккараб махщел.
1
Планалда рекъон сочинение хъвазе.
хъван лъуг1изабизе
34
Юсуп Хаппалаев «Маг1арулав ватани»
1
Ц1.д.
Гьудуллъи журнал.
Гьум. 163 - 165
35
Мух1амад Шамхалов «Буран»
1
Ц1.д.
Гьудуллъи журнал
Гьум. 166 – 173, 1- 2 бут1а бицине.
36
Мух1амад Сулиманов «Огниялда»
1
х1асил бицине
Х1акъикъат газета.
Гьум. 174 – 183, романалъул къокъаб х1асил бицине.
37
Г1.Хачалов,творческияб нух. «Лъукъараб кеч1»
1
Ц1.д.
Кеч1 рек1ехъе лъазабизе
Гьум. 194 – 196, коч1ое 38харак-ка кьезе.
38
Сочинение. Обществоялъе пайдаялъе дихъа
гьабун бажарулеб х1алт1и.
1
Планалда рекъон сочинение хъвазе.
Сочинение лъуг1изабила.
хъван лъуг1изабизе
39
Авар мац1алъул тестал
1
Ц1алдохъабазе темаялда рекъараб тестал х1адур гьарила
Тестовиял х1алт1аби
40
Изложение. Дир анищ.
1
Изложение хъвазе лъимал х1адур гьарила.
хъван лъуг1изабизе
41
Г1абасил Мух1амад «Лъабц1ул гьавуна»»
1
биогр. лъазе, х1асил бицине
42
Расул Х1амзатов «Гьудулзаби ц1уне!»
1
Кеч1 рек1ехъе лъазабизе
Куч1дузул мажмуг1. Гьудуллъи журнал.
Гьум. 235 – 236, рек1ехъе лъазабизе.
43
«Кеч1али щайгурин, щибаб раг1иги. . .»
1
Кеч1 рек1ехъе лъазабизе
Гьум. 237, рек1ехъе лъазе.
44
«Инсулгун гара-ч1вари»
1
Ц1.д.
Авторас эбел- инсул адаб- х1урмат гьабизе ккей бич1ч1изаби
Гьудуллъи журнал.
Гьум. 243 – 256, поэмалъул х1асил бицине.
45
«Хъулбузул х1акъалъулъ»
1
Кеч1 рек1ехъе лъазабизе
Гьум. 230 – 233, 10 къот1ел рек1ехъе лъазабизе.
46
«Дихъе рокьи бач1ана»
1
Кеч1 рек1ехъе лъазабизе
Гьум. 241 – 242, рек1ехъе лъазабизе.
47
«Маг1арулай»
1
Кеч1 рек1ехъе лъазабизе
Гьудуллъи журнал, газета.
Гьум. 240, рек1ехъе лъазабизе, ах1унги къабул гьабила.
48
Сочинение. Дие рух1ияб асар гьабулел
литературиял героял.
1
Планалда рекъон сочинение хъвазе.
Сочинение лъуг1изабила.
хъван лъуг1изабизе
49
Ах1мадхан Абу-Бакар. Творческияб нух
1
Ц1.д.
биогр. лъазе, х1асил бицине
Газеталъул материал. Гьудуллъи журнал.
Доклад хъвазе.
50
Ах1мадхан Абу-Бакар «Хъах1аб сайгак»
1
Ц1.д.
Биограф.лъазе,къисаялъул къокъаб х1асил бицине.
Гьум. 258 – 278, 1 – 2 бет1ер бицине
4 четверть.
51
Ах1мадхан Абу-Бакар «Хъах1аб сайгак»
1
Къисаялъул къокъаб х1асил бицине.
Х1асил бицине.
52
Ах1мадхан Абу-Бакар «Хъах1аб сайгак»
1
13 бет1ер лъазабизе.
53
Муса Мух1амадов. Г1умру ва литературияб
х1аракатчи.
1
Ц1.д.
биогр. лъазе, х1асил бицине
Газеталъул материал. Гьудуллъи журнал.
Доклад хъвазе.
54
Муса Мух1амадов «Къисас»
1
Коч1ол насих1атаб хасият бихьизаби
Гьум. 279 – 297,къокъаб х1асил бицине.
55
Муса Мух1амадов «Бакъдасел»
1
Къисаялдаса новеллаби лъазе.
Биогр. лъазе, х1асил бицине
56
Аткъай. Творческияб нух.
1
Ц1.д.
Гьудуллъи журнал.
Доклад хъвазе.
57
Аткъай «Рит1уч1ил лълъурдул»,
1
рек1ехъе лъазе
Гьум. 297 – 308, коч1ое характеристика кьезе.
58
Аткъай «Дун ч1ух1ула».
1
Къокъаб х1асил бицине 1- 2-3-4-5-6-7-8-9-10
Гьум. 309 – 325, х1асил бицине.
59
Фазу Г1алиева. Г1умруялъул ва творческияб нух.
1
Ц1.д.
биогр. лъазе, х1асил бицине
Газеталъул материал.
Доклад хъвазе.
60
Фазу Г1алиева «Кьолбол мугьру»
1
Ц1.д.
«Махщел гьеч1ев чи –пихъ балареб гъвет1» абураб пикру х1алт1изаби романалда жаниб.
Буклет.
Гьум. 326 – 351, романалъул къокъаб х1асил бицине, суалазе жавабал кьезе.
61
Фазу Г1алиева «Кьолбол мугьру»
1
Гьудуллъи журнал.
Романалъул тема, идея рагьизе.
62
Мут1алиб Митаров. Творческияб нух. Биография.
1
Ц1.д.
биогр. лъазе, х1асил бицине
Доклад хъвазе
63
Мут1алиб Митаров «Чагуралъул къиса»
1
Гьум. 352-359, х1асил бицине., суалазе жавабал кьезе.
64
Хизгил Авшалумов «Вас»,
1
Ц1.д.
биогр. лъазе, х1асил бицине
Гьудуллъи журнал
Гьум. 360 – 366, х1асил бицине.
65
Хизгил Авшалумов «Дербенталдаса Шамилил харбаздасан»
1
х1асил бицине
Гьум. 366, биография ва къокъаб х1асил асаралъул бицине.
66
Хизгил Авшалумов «Диплом босараб х1ама», «Шайт1ан».
1
х1асил бицине
Х1акъикъат газета.
Гьум. 367 – 372, асаразул къокъаб х1асил бицине.
67
Адабияталъул тестал
1
Темаялде хурхарал тестал х1адуризе.
Кроссворд, болъаби ва къот1елал.
Рекlехъе лъазаризе:
Цl.Хl. «Вехьасул къисаялдаса» кесек.
З.Хl. «Тlогьол магlдан»
С.С. «Комсомол»
А.Гъ. «Бакъ баккулъ»
Р.Хl. «Магlарулай»
Советиял поэтазул 2-3 кеч.
Лъаялъул ва бажариялъул рахъалъ 10-11 кл. цlалдохъабазда цере лъолел тlавабал.
Цlалдохъабазда лъазе кола:
- Дагъ. Литератураязда жаниб 19 гlасруялда ккарал лъугьа-бахъиназул хаслъи батизе ва бицине;
- Поэтазул асаразул хаслъи.
- Гlурус литератураялда малъарал литературияб теориялъйл баяназдаса пайда босизе;
- Рекlехъе лъазаризе рихьизарулал асарал.
Цlалдохъабазухъан бажаризе кола:
1) - хъвадарухъанас рихьизарулел лъугьа-бахъиназул сурат цебечlезабизе;
- художествияб хаслъиги хlисабалде босун, малъараб асаралъул анализ гьабизе;
- хабариял, лирикиял, драмалъул асарал ратlа рахъизе;
- асаралъул гlуцlи, лъугьа-бахъиназул идея ва художествияб хаслъи рагlизе гьезул бугеб кlвар батизе;
- асаралъул герояздехун, гьенир кколел лъугь-бахъиназдехун авторасул бербалагьи батизе;
- малъарал асаралги кьочlое росун, авторасул творчествоялъулги гьесул рухlияб дунялалъулги хурхен чlезабизе;
- цlалараб асаралъе жинца кьолеб къимат кьучlаблъун гьарулел хlужжаби рачине;
2) – художествияб асар пасихlго цlализе;
- жиндир кlалзулаб ва хъвавулаб кlалъаялъе план гlуцlизе;
- батlи-батlиял ьайпабазул сочинение данде гьабизе (бицунги хъванги)
- захlматалъул темаялда творческиял сочинениял хъвазе жидерго хlалтlул хlалбихьиялъул кьучlалда;
- учителасул лекциялъул, литературияб критикаялъул, ричlчlизе бигьаял гlелмиял макъалабазул къокъаб хlасил хъвазе;
- цо яги кlиго, лъабго асарала тlасан доклад хlадуризе;
- жинцаго цlалараб тlехьалде, бихьараб киноялде, спектаклялъе, выставкаялъе къимат кьун хъвазе.
Автор: Максудов И.А Сайт: http://izanin.dagschool.com/ Почта: Islamm85@mail.ru