Авар мац1алъул дарс 5 классалда.
Дарсил тема: «Г1адаталги жураралги предложениял»
Учитель аварского языка МКОУ «Раздольевская СОШ»
Абдулхаликов Магомед Валимагомедович
Дарсил мурад:
Журараб предложениялъул х1алкъалъул г1аммаб баян кьезе
Г1адатабги жубарабги предложениялъул г1уциялъулъ бугеб бат1алъи ц1алдохъабазда бич1изабизе
К1алзул ва хъвавул калам цебет1езабизе
Дарсил къвариг1унеб алат: презентация
Дарсил ин:
Орг. Момент
Эпиграф дарсил:
Ассаламу г1алайкум, аваразул миллат-мац1,
Адаб коч1ое лъураб, ахир рокьуе гьеч1еб;
Армяназул пашманлъи – Арарат мег1ер буго.
Аваразул пашманлъи – авар мац1 лъач1ел лъимал.
Расул Х1амзатов
Лъимал нужеда маг1арул мац1 лъалищ?
Щибха кколеб гьаб раг1ул маг1на?
«Мат1улмат1ат1и»
Кинал маг1арул мац1алъул раг1аби ругел гьанир
(мат1у, т1ат1и)
Рокъобе кьураб дарс гьикъи
Кинал предложениялъул членал нужеда лъалел?
Кинал бет1ерал членал нужеда лъалел?
Кинал бет1ерал гурел членал нужеда лъалел?
Гьал суалазул кумекалдалъун предложениял г1уце, гьал предложениялъул членазде риххе.
Лъица киса щиб босараб?
Лъица лъида щиб бицараб?
Кида щив лъида вихьарав?
Лъица кида лъихъе щиб хъвараб?
Киб лъица щиб гьабураб? Кида щив киве арав?
Киб лъица кьо бараб?
Кида лъил чан дарс бугеб?
Гьал предложениязулъ грамматикияб аслу(основа) бате
Квачараб хасел т1аде щвана.
Х1анч1и хинал улкабазде роржун ана.
Х1усеница дарс лъазабуна.
Хъвай грамматикияб аслу (основа) бате, лъалхъул ишараби лъе.
Нижеца кидаго херал чаг1азул х1урмат гьабула.
Кавказалда лъарал ва г1орал г1емерал руго.
Циги, бац1ги, церги, г1анк1ги Дагъистаналъул муг1рузда дандч1вала.
[pic]
Ц1ияб тема.
Ц1але ва грамматикияб аслу(основа) бате
Исламица эбелалъе кумек гьабула.
Ихдал ц1адалги рана, хурги лъик1 бижана.
Асмаца жакъа кеч1 ах1ана.
Зурма-къолол гьаракьги къот1ана, росуги г1одобе биччана.
2) Предложение: г1адатаб ( Цо грамматикияб аслу(основа) бугеб); жубараб (чанго грамматикияб аслу(основа) бугеб).
3) Гьал предложениязул г1уц1иялъулъ бат1алъи щиб бугеб?
1. Т1амах г1одобе бана, гъут1би г1иц1го хут1ана.
2. Гьури багъарана, ва гъвет1ги щапун ана.
3. Кванана ц1ураб гьанги, гьекъана ц1орораб лъимги.
4. Пионераз школалъул ахикь т1угьдул ч1ана, амма гьел лъик1 рижич1о.
4) Доскаялда х1алт1и.
5) Т1ехьалдасан х1алт1и № 205
Физминутка
Кин бугеб иш?
Мун кин т1аде вахъулев?
Мун кин пархулев?
Дуца лъим кин хъвалеб?
Мун кин г1одов ч1олев?
Ц1ияб тема щула гьаби
Т1ехьалдасан х1алт1и №206
Гьал бут1аби данде гьарун, жубараб предложение г1уц1е:
- Г1азу бана.
Нуц1а рагьана.
Эбелалъ ц1а бакана.
Их т1аде щвана.
Рукъ хинлъана.
Хинал улкабаздасан х1анч1и роржун рач1ана.
Лъимал хоккей х1азе ана.
Цо чи жаниве лъугьун вач1ана.
Предложениялъул членал рати
Мах1мудил пасих1лъи, гьесул х1асралъи,
Бидулъ къаламги ччун,гьарурал куч1дул
Гьел нилъер маг1арул мац1алъ кинигин
Киданиги дида рич1ч1изе гьеч1о.
- Гьаб коч1ол автор щив?
- Гьаб кола Расул Х1амзатовасул «Авар мац1» абураб кеч1
Исана ц1ар раг1арав аваразул поэт Мух1амадие г1уна 140 сон
Х1алт1и. Сураталъухъ балагьун сочинение г1ец1е.
Дарсил х1асил
1. Жакъа дарсида щиб нужеда лъараб?
Кинаб предложениялда абулеб жубараб?( К1иго грамматикияб аслу(основа) бугеб предложениялда)
Г1адатаб? (Цо грамматикияб аслу(основа) бугеб предложениялда)
Рокъобе х1алт1и
П. 28 , х1алт1и № 207.